Svoboda | Graniru | BBC Russia | Golosameriki | Facebook
Перейти к содержанию

Такбир

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
                              
«Аллагьу акбар» - ан хъвараб гІараб хъвай-хъвагІай Байтул Макъдисалда.
«Аллагьу акбар» куфияб хатІалдалъун

Такби́р (гӀараб: تكبير — кІодо гьави‎) — исламалда: ТІадегІанав Аллагь кІодо гьавула «Аллагьу акбар» - абурал рагІабаздалъун (гӀараб: ﷲ اكبر). ГІараб мацІалдасан таржама гьабидал гьелъул магІна ккола: «Аллагь — КІудияв» яги «Аллагь — ТІадегІанав абураб». Гьеб хІалтІизабула рохел загьир гьабун ва гьединго щибав бусурманав чиясда тIадал какал ралеб мехалдаги, как ахIулеб мехалъги. Гьединго такбир бачуна КъурбангІидалъги, кІалбиччанкъоялъги. «Аллагьу Акбар» абурал рагІаби хъван руго цо чанго пачалихъалъул байрахъаздаги.